Февраль
Бач1о январалда нижехъе г1азу.
Февраль нахъе бугин, х1адур ч1ч1айилан,
Ц1орол дадаясул бач1ана кагъат.
Киналго моц1азул жиб х1акимчиян,
Къвалакь квералги ч1ван рещт1ана февраль.
Хасалил халалъи жинда барабин,
Цинги кьуркьудана, январь вац вугин.
Бач1унеб иххалъул изну жиндихъин,
Биине гьабуна т1охазул г1азу.
Къаси сордо щвейдал лъадал къат1раби,
Гьаруна сверизе ц1онк1олок1азде.
Гъоб араб соналда рахчун рук1анин,
Щибали- кибали гьеч1ин рак1алда,
Хинал улкаязде роржинч1ел гъудул,
Лъугьана дир ахикь т1амхал хъирщизе.
Гьаб т1абиг1аталъу г1амал цо буго,-
Ч1ег1ер-хъах1аб февраль т1ерхьина харилъ.
Каранда рахчарал рек1ел пикрабаз,
Гьарила нилъ загьир март бач1арабго.
Свидетельство о публикации №126042005642