Унел руго гьал къоял
Къокълъулеб буго гIумру.
ГIансаялтIе божун черх,
Буго гIодой къулулеб.
Х1абибил т1агъург1адин,
ХъахIлъун руго бут1рулги.
Чанги тIамур бачарал,
Соролел руго кверал.
ГIолохъанаб мехалда
ЦIа рекIарал бералги,
Руго гьанже нурги ссун,
Кьунсрузда гъоркь рахчулел.
Нахъа таралдаса къокъаб
Хут1улеб буго сухъмахъ.
Гьелъ рачунел руго нилъ,
СакIал гьечIеб кьодухъе.
Г1елцоял дагьлъун ругин,-
Т1ад налъи гьеч1ониги,
Т1аса лъугьаян гьари,-
Унел ругин гьал къоял.
Унел руго гьал къоял,
Чилъи хвезе биччаге.
Чуялги кьолон кьалде,
Рахъине к1веч1ониги.
Зодиб сварал ц1вабзазул
Жеги бач1унин канлъи,
Биччанте нилъер ц1арал
Мисалалъе рук1ине.
Биччанте нилъер рахъалъ
Нилъ лъалеца, раг1араз
Намус - ях1 бугел васал
Рук1анилан абизе.
Свидетельство о публикации №126042005615