Ц1ияб сон

Дуниял рук1к1ана, ц1ваби ракана,
Исанаги бач1о хасалил г1азу.
Бач1унеб ва унеб саназул г1орхъолъ,
Саг1тил хъаравулал цадахъ лъалхъана.

Квег1исан хут1ана т1аса араб сон,
Кваранаб рахъ ккуна  т1аде бач1аралъ.
Курантазул бакъан раг1алде щвейдал,
Тункана цоцазда  ц1урал бокалал

Унеб мехалъ цадахъ басрияб соналъ,
Тархида хурхарал ана ургъелал.
Бач1араб соналде божи бугилан,
Рач1ана  рак1алъе ц1иял мурадал.


Рецензии