Риххарал макьаби
Мат1уялда цебе гъалал хьухьуней.
Ва нахъеги юссун дуца абуна,
Ёкьулей ятани, раг1и босеян.
Г1агарлъи бит1илин абун бахъинч1о-
Гьеб лазат дий хвана саг1тил ц1урмица.
Горбода жемараб дур къвал батидал,
Рецц дуе алагьан абуна дица.
Нолъги гурищ дида макьилъ йихьарай,
Гьай нилъер ясалъул гъалал хьухьуней.
Гьелъ дихъги ялагьун гьимун ц1ехана,
Бабаги дунги дуй рокьулищ абун.
Дир гьаб г1умроялъул маг1на- нужилан,
Абун бахъиналде т1урк1ун ворч1ана.
Дие вас гьавунин, баркун жо кьеян,
Медсестра ятана дихъе к1алъалей.
Свидетельство о публикации №126042005573