Ц1ваби

Миллиардал соназ цебе рек1арал,
Руго зодиб ц1ваби гьанжеги гвангъун.
Гьезул канлъул ч1ораз космосги борлъун,
Нух буго бахъулеб нилъер ракьалде.

Дун гьит1инаб мехалъ дида кколаан
Дол ц1ваби ратилин хваразул рух1ал,
Кидадай к1одоца садакъа босун,
Дун вит1улев абун, ралагьун ч1арал.

Ана моц1ал, сонал, г1уна к1удияв,
Гьеч1о гьанже нахъе дир херай к1одо.
Херав г1алимчияс абуна дида,
Ц1ваби ,инсан г1адин, рижулин – холин.

Дол зодир ракарал ц1вабзазул цинги,
Бугин ккола дида нилъергун хурхен,
Ракьалда чи хвани, цо ц1ва баканин
Пикрабалъ ватула  расги лъач1ого.

Гьединг1аги гурищ г1адат лъугьараб,
Нилъеца цере ккун гьал кверал рорхи,
Гьабулеб дуг1адулъ рехсолеб мехалъ,
Зобалазде араб нилъер г1агарлъи.

Киналго къанщулин къадар щварабго
Биччанте батизе бит1араб жолъун,
Гьал, ракьулъ рукъарал,  ц1вабзазде свери,
Ц1вабилъун   рек1ине ч1ег1ераб сардилъ.

Миллиардал соназ цебе жал сварал,
Ц1вабзазул жегиги бач1уна канлъи.
Гьезул г1умру-хвелгун данде ккунани,
Дир г1умро ракьалда - паркъараб лах1зат. 


Рецензии