***
Хъизамалъул адаб дуца гьабуни.
Рах1матал КЬОЛЕСЕ щукруги гьабун,
Дуе кумекалъе х1адур ятулей.
Дур кидаго гьумер роц1ц1ун бугони,
Роччараб къоялъги дуде бакъ щвела.
Мун чияе х1елун гьелъий хъач1лъани,
Дурго рокъов дуца тушман хьихьила.
Гьей к1алъанщинахъе данде гьесани,
Малг1уналъ дур талих1 къезе гьабила.
Къун ч1арав бергьулин аби бугелъул,
Лъадуда цебе дур къадру борхила.
Ч1ужуялъе х1ели х1арам гьеч1елъул,
Адаб-х1урмат буго рос- лъадиялъул.
Лъудби рокьалщинал жиндий рокьулин-
Аллагьасул калам г1акълу бугезе...
Свидетельство о публикации №126041505648