мун щай г1едег1арав Мух1амадрасул

Бищун анищилан ккараб мехалда,
Ана мун валагьун  нижги реххун тун.               
Берцинал къоялги къаси сардалги,
СихI къотIун рукIаян тана жахIалго.
               
Дуй къадар щванилан хабар бачIиндал,
Х1ат1икьа ракь ана нижер доб къоялъ               
Квараниса хьулал хьвадун свакана,
КвегIиса анищал гIорхолъа ана.
       
Мун Хатиевасул гIадлоги ц1ц1ик1к1ун
МугIрул ц1ц1ум  гIадинан воржанхъулаан!             
Квер ккун дур эбелалъ нухдаги вачун ,
Мун борхалъиялде вахун вук1ана.
               
Мун гIадинал васал хабалъ лъуниги,
Хинлъи къотIиларо къватIиб бачIунеб.
Мун г1адав цевехъан гIазаб кьолелъул,
Гьимун ,релъун,живго толев ватила.
               
Хвалица арав мун ракьулъги тIупун,
Дур лъимал  хутIана хадур ралагьун.             
Рокьиги ,талихIги, чIухIиги ,рецги,
Цадахъго букъана цохIого къоялъ.
 
Регун макьу гьечIо вацгун  яцазе,
Кьурда речIчIулеб бакъ мунги къокъун ун.               
Яхъун къоял гьечIо дур хъизаналъул.
Гьалмагълъи щулияв мун камун ккедал.
               


Рецензии