эмен

Мух1амад Макъсудов муг1рул бихьинчи,
Дилъ г1аданлъи намус дуца куцана!
Дие г1олон дуца къалам кодоб ккун,
Чанги дол хасалил сардал рорч1ана!

 Х1исаб суалалъул х1асил гьабулеб,
 Компютор г1адинаб бет1ер буго дур,
 Х1ебдалаца къимат кидаго кьураб,
 Дур бухгалтерия къосенго гьеч1еб!

Гьандихъ колхозалда сонаца дуца,
Берцинго бачана къот1а-сот1ун халкъ.
Больницагун ,собесс цадахъ ц1алаан ,
 К1удияб дур хъизан кваназабизе!

Дуца рукъзал рана васги гьавуна,
Хъазар майданалда гъут1биги ч1ч1ана!
Дулъ х1инкъи бук1инч1о мун нахъе къайч1о,
Мекъалда т1екъалда т1адги рекъеч1о!

Дуца г1адамазе зарал гьабич1о,
Дур хабар кидаго къокъаб бук1уна.
Лъийго бокьи кьеч1о ч1ух1араб рак1алъ,
Бокьарасда гъикъе  Макъсудов щиван!


Рецензии