дир к1одо-эбел!
Т1ок1алъ бук1унарищ цебе араб мех?
Лъеберго сон буго мун аралдаса,
Гьадин рук1айилан Гьандихъ нижги тун!
Ич1абилеб мартги кинан к1оченеб?
Хъван балеб г1азуги рогьалил г1ужги.
Вай дир эбелалъул маг1ил гараца,
Ралъадалгин ,г1орал ц1елин кколаан.
Дур берцинаб сипат борхатаб лага,
Гьурмада кидаго бук1араб гьими,
Лах1ч1ег1ерал кьунсрул сабурал берал,
Ссун ана Кинабго доб шамат къоялъ.
Дуца дир лъимерлъи гвангъизабуна,
Дур рокьи г1адинаб рокьи батич1о!
Сонал раниги щиб заман ани щиб,
Мун нижер рак1азулъ ч1аго йик1ана !
Г1олохъанго Биччас ячун ана мун,
Ниж рази рук1ана гьеб къадаралда.
Мискинго рук1ана чиякъ рук1ана,
Чияр к1одабазухъ ралагьун хут1ун!
Свидетельство о публикации №126030906837