эбел
Эбелалъул рек1екь рукъ ккурал лъимал.
Бот1рол расал рортун к1алдир г1усал хун,
Берцинлъиги бикъун гьарурал лъимал.
Чанги вас раг1ана гьаб ракьалда т1ад,
Эбелгун барщарав салам кьоларев.
Чанги яс ятила маг1арул росулъ,
Анкьида жанибги эбел ц1ехеч1ей!
Гьабулеб динги тун балеб как хут1ун,
Бет1ералда лъурал хириял лъимал!
Чи хвараб мехалъцин толареб макьу,
Нужей г1олон тарай г1азизай эбел.
Эбел дур беразде жанир ралагьун
Нижеда дуниял буго бихьулеб.
Беразде рорхарал канчIал кьунсруца,
Керчал рохьал руго ракIалде щолел.
Дур гьурмада ругел рукIкIалабаца,
Нахъа тарал сонал руго рицунел.
Гъваридго хIухьел цIан угьунги биччан,
Дур ралел къвалазухъ урхъун руго ниж.
РакIалъ абулебги кIалдиб бугебги.
КIиго батIияб дур каламги гьечIо.
ЦохIо гьари буго хирияй дуде.
Дидаса цебе дунял тогеян.
Свидетельство о публикации №126020105262