к1иго гьудул

ЯхIалъ къо рехичIел къвакIи бекичIел,
Г1олохъаби руго Дагъистаналда.
РахIмо гурхIелалъул  хIисаб цIикIкIарал,
ЦIвазбазул цIун буго нилъер кьурукьлъи

ИяхI  намусалъул къадру цIунарав,
Къо ккараб бакIалда бахъун рухI кьолев.
Буртиназул къадро къиматаб жавгьар,
Къурах1ма вук1иналъ ч1ух1ун руго ниж.

Чорхолъ би гьалдолеб гьунар ц1ик1к1араб,
Г1ужде мун вахиндал роххун руго ниж!
Мун Г1аймакисезул къимат борхизе ,
Муг1рул ц1ц1умлъун вуго  ракьалде виччан!

Нижер приставазул мугъ ч1валеб кьуру,
ГIасрудал тIехьалъул тIоцебесеб мухъ.
Нилъер мугIруз, гIораз, кьурабаз, сиртаз,
Ах1мад дур ц1ц1ар буго жакъа ах1улеб.

Инсул Ват1ан ц1унун ц1адай к1анц1улел,
Аза-азар г1ейги нуж г1адал васал.
Г1умро бичаниги ях1 бичуларел,
Г1олохъабаз ц1еги нилъер районал!

Рукъ роц1ц1ун хут1аги даим кидаго
Т1ураги щивасул рек1ел мурадал !
Рук1инел ратани гьел нужг1адинал,
Наслаби рахъаги г1олохъабазул!


Рецензии