к1иго гьудул
Г1олохъаби руго Дагъистаналда.
РахIмо гурхIелалъул хIисаб цIикIкIарал,
ЦIвазбазул цIун буго нилъер кьурукьлъи
ИяхI намусалъул къадру цIунарав,
Къо ккараб бакIалда бахъун рухI кьолев.
Буртиназул къадро къиматаб жавгьар,
Къурах1ма вук1иналъ ч1ух1ун руго ниж.
Инсул Ват1ан ц1унун ц1адай к1анц1улев,
Аза-азар г1ейги мун г1адал васал.
Г1умро бичаниги ях1 бичуларел,
Г1олохъабаз ц1еги Хьаргаби район!
Чорхолъ би гьалдолеб гьунар ц1ик1к1араб,
Г1ужде мун вахиндал роххун руго ниж!
Мун Г1аймакисезул къимат борхизе ,
Муг1рул бислъун Ах1мад ракьалда!
Рукъ роц1ц1ун хут1аги даим кидаго
Т1ураги щивасул рек1ел мурадал !
Рук1инел ратани гьел нужг1адинал,
Наслаби рахъаги г1олохъабазул!
Свидетельство о публикации №126011306849