***

Къот1носан унезда гьимунги к1алъан,
Дир гьан кваназейищ дур хиял лъураб?
Рокьи басралъарал харбалги рицун,
Хиялал пикраби дидеги реххун.

Берцинал ясаца сверун ккуниги,
Сси кидаго буго Макъсудовалъухъ.
Саяхъал ясазул квер щвананиги,
Керен дур унтула дида бер ч1вайдал!

Дунял роц1ц1аниги дие ц1ц1ар гьеч1о,
Ц1ц1ер г1адин г1адамал данде ч1ч1ун руго,
Хасел щвананиги дий рии буго,
Дир г1аданиб жаниб г1анси ч1ван буго!


Рецензии