зарик
Суждаялдеги ун салам кьелалде.
Дир гьинал рак1алъул к1ут1и ц1ик1к1ана,
Ц1ан бахъун чорхолъа рух1го хут1ана !
Хваразда рух1 лъолев х1ал к1олев Аллагь,
Х1алк1олъи духъ бук1ин бихьизабуна!
Дир каранда жаниб ц1адул карачел,
Ц1а рек1ун бух1улеб т1улал квешаб мах1!
Таниги к1варич1о панаяб дунял,
Лъималазул рух1и бихьунгут1изе!
Босани к1варич1о жакъаго дир рух1,
Бабал берал ц1ц1ах1ил ч1аго хут1изе!
Свидетельство о публикации №125120307772