Хайбулаев

Бищун анищилан ккараб мехалда,
Ана Х1айбулаев нижги реххун тун.               
Берцинал къоялги къаси сардалги,   
СихI къотIун рукIаян тана жахIалго.
               
Дуй къадар щванилан хабар бачIиндал,
РакI бакъван рук1ана киналго Гьанхъал,
Квараниса хьулал хьвадун свакана,
КвегIиса анищал гIорхолъа ана.         
            
Мун гIадинав инсан  хабалъ лъуниги,
Хинлъи къотIиларо къватIиб бачIунеб.
Дур гIадинаб г1амал гIазаб кьолелъул,
Гьимун релъун жалго толеб батила.
               
Хвалица арав  мун ракьулъги тIупун,
Хадижат  хутIана хадуй ялагьун.               
Рокьиги ,талихIги,дур г1аданлъиги
Цадахъго букъана цохIого къоялъ.
 
Регун макьу гьечIо дур лъималазе ,
Кьурда речIчIулеб бакъ мунги къокъун ун.               
Рахъун къоял гьечIо дур васалазе ,
Сордойил к1алъазе к1уди гьеч1ого !


Рецензии