***
Хвезейищ ч1ч1олей?
Херлъулей йигин мун,
Рорч1арал сардаз!
Дулъ г1ищкъу бугилан,
Г1адаллъунищ мун,
Г1аламалъе г1олон,
Г1умру бичизе!
Дунялалъул боц1ул,
Ц1ар бук1унаро,
Ц1ан г1арцуд борцараб,
Гьурмал гурони.
Ургу туруталда ,
Тарих хъваларо.
Теркалда къот1араб,
Логол гурони!
Карпут гордилъ лугбал ,
гьогьамани щиб?
Костюмаз гурого,
сси борхуларо,
Макасинабазул ,
кеп бук1аниги,
Каблукаца г1адин
Х1асил кьоларо…
Свидетельство о публикации №125082206568