***
Кидал ц1еханиги х1алт1уда руго!
Иман исламалъул бицаниги щиб,
Гъурщал гурел гьеч1о азул г1аданир!
Г1арацги къвариг1ун рекераниги щиб,
Нужей хъвараб гуреб рикъзи щоларо.
Суткабиги рорч1ун х1алт1аниги щиб ,
Х1алихьатаб х1амил чу лъугьунаро!
Будун дибирзаби жеги рахъинч1ел,
Ич1го г1анк1уялда г1акълу бащадал.
Жакъа нилъей ваг1за гьабулел шиназ,
Метер бертабазда свери бахъула.
Свидетельство о публикации №125072306997