Ахмад столько сердец ты разбил сегодня
Къанщун ратиларо берцинал берал!
Надалде гьурщараб сурма кепели,
Кинан рук1унел гьал мунги гьеч1ого!
Дуда хадуб дунял г1одулеб буго,
Г1исинан ккун балеб ц1ц1адал гьаркьихъе .
Халкъул г1аламалъул зигара буго,
Г1адамал г1емерал г1одулел руго !
Гьадиг1ан дида мун хъат1илароан,
Дирго гьудулалъул вук1инч1ев ани!
Рек1елъ къалароан кьог1аб гьаб хабар,
Бихьинаб балагьи щвана рак1алде.
Дулъ х1инкъи бук1инч1о мун нахъе къайч1о
Мекъалда т1екъалда т1адги рекъеч1о.
Москваялъул къват1ахъ г1урус васазда ,
Салам кьезабулев мун Ч1арадисев!
Рии бакьулъ къадар лъица гьукъулеб,
Пирдавус алжан кьун воххун ватаги.
Инна лилляхи ва Инна (илайхи) раджиун",
Даг1бадун бергьунеб дунял гуро гьаб!
Свидетельство о публикации №125063004195