12. Баркала, берцинаб ЦIор
Цо бугеб рекIель мурад киссавго аварасул.
АхIкам, аркан, гIадабал - хIакъал тарикъаталъул.
Чамго вугов витIрав чи ругу элялъул чIухIлъи.
Савадаб хизан-кульпат бугу беразул канлъи.
ЛъикIаб тIабигIат, гIамал - рекIель чучи, ругьумлъи.
Нилъей кьураб магIишат бугу баракатуса,
Агьлулъ бараб какгуну, бикараб кирилъдаса.
Бигъу кIараб рохь-меэр, ямжазса чеххелаб гIор -
Бугу БичIасул гьунар - нигIматаз бечеяб ЦIор!
Эбель-инцасул хабар кIодо гьубурал яс-вас
Мурадалъда шундуну бечейлъсилял Аллагьас.
Маарда их шуну бигIараб гIузуд,
Чахху лъудуд чуру кIа йамжазул итяк.
Къайза къад бигьраб тIе – берцинай ГьатIид,
МутIигIлъиялъ лъункъу кIа Лаченилеб ракI.
Свидетельство о публикации №125061207998