Мух1аммад!
Мун лъайдал лъана дий гьаб рокьул т1аг1ам.
Ракьалда нур сверун роххел бикьизе ,
Балъго балъго къвалакь ц1ц1ана дуца дун.
Къасдазул сверуда сунареб чирахъ,
Сабаблъун къисматалъ кьуна дие мун.
Муг1рул борхалъуда кунч1и ч1валеб бакъ,
Ч1ух1ун хьвадула дун мунгун эхетун!
Берцинав ,берцинав Мухамад, Мухамад,
Рек1елав,рек1елав Мухамад,Мухамад.
Вокьулев вокьулев Мухамад, Мухамад,
Дуе г1олон кьела г1умро!
Дур ц1ц1арул борхалъи рокьул балъголъи,
К1иябго дий щведал щваралъул талих1.
Тату холеб чорхолъ чапулеб г1ищкъу,
Чучизе ватидал дун йохарай куц!
Киналго ниг1матал цойиде гьарун,
Гьуинлъи дур каранлъ батана дида.
Бергьараб рокьиги рек1елъан ц1аги,
Ц1ц1аруе гьабила гьаб дунялалда!
Дур берзул балагьи берцинаб рилъин,
Рек1елъеги лъугьун асирлъарай дун.
Абураб раг1уе хисуларев мун,
Хиялгун жубала жаниб черхалда.
Чанги г1ищкъу ккараз г1ужие гъурал,
Лъуг1изе к1веч1еб рак1 рокьуд босараб.
Бакъул ч1ораз гурел хинлъич1ел лугби,
Хирияйин абун каранде къарав!
Свидетельство о публикации №124090205265