дир Набидада

Рищула раг1аби данде росула,
Дуе мустах1икъал кинго щоларо!
Гьарула куплетал хъвала гьал мухъал,
Дудейин абизе дун ц1акъ нечола!

Дунялалъул рокъоб къварилъалабаз,
 Къвалал рананиги къоги рехич1ев,
 Иях1алъул гъуни сабруялъул  гох1,
Дур мисал бачуна  Гьанхъадерица!

Гьит1инго эмен хун бесдал хут1арас ,
Ункъукъ  рукъзабазул минаби рана!
Г1андарида Г1асалъ г1арукьмагъил цин  ,
Дурго наслуялъе ахалги тана!

Г1и маг1арде гъолеб   роол г1ужалда ,
 Гьел дур г1олилазул бицен бук1ана,
 К1алккул моц1ги бук1ун би тунаниги,
Набица гуреяс къо х1ехьеч1илан!

Унтидал х1ал бергьун х1ат1аз бук1ана,
Х1алай чи гьеч1ого гьарулал т1ахьаз!
 Холелъул зигара  кинго бук1инч1о ,
 Бук1ана бихьинаб ях1алъул калам!

Жакъа нижер эбел мискинлъун йиго,
 Баркаталъул гъуни мунги гьеч1ого!
 Ине бак1ги т1аг1ун нижгоги руго,
 К1улал рахан руго дур кавуялда!


Рецензии