***

Маг1арухъ бижараб г1анч1аб дир гьаб рак1!
Мах1ачхъалаялде щайзе мун ц1ц1алеб?
Кие ананаги лъабго къо балеб,
Дубайцин бихьич1о дуда берцинго !

Грузиялда къват1ал тирун хадуса,
Ралъад раг1алилан г1одарал берал.
Бакуялда бугеб берцинлъиялъухъ ,
Ленина улица хисич1еб дир напс.

Гьанхъадерил къват1ал къварилъана дий,
Дун дуе хисана рорхатал муг1рул!
Гьаб г1ат1иракьалъухъ рокьи ккарай дун ,
Бокъун ч1алг1унареб дир Гагарина!


Рецензии