***

Устарзабаз гвангъун гъункараб район,
Жакъа мун т1егьан ун буго тIубанго.
РикIкIадасан диде гьороца босун,
КьогIаб хабар буго кавудахъ рещтIун.

 Нилъер цо хутIарал гIалимзабазде,
 Данде рахъун ругин гьабея дуг1а.
 Ихдалил гьогьомаб цIияб гьаваялъ,
 ЦIцIадал рананиги къалъуларо къо.
 
 
Бицунги букIана  дица цебего,
Таваджугь гьабидал  ракI тIадагьлъулин.
Каранде жанибе ургьибе нур ун ,
Черхалъул  захIмалъи тIаса босулин.


Рецензии