хасел бакьулъ къадар дир эбелалъул

Бищун анищилан ккараб мехалда,
Ана мун ялагьун нижги реххун тун.
Берцинал къоялги къаси сардалги,
Сих1 къот1ун рук1аян тана жах1алго.

Дир г1агарай Эбел урхъарай эбел,
Аман гьараниги юссинч1ей эбел.
Хасел бакьулъ рии рещт1ананиги,
Къалъиларо дие т1ок1алъ дуниял.

Дур кверзул х1еренлъи х1ажалъун буго,
Дур раг1ул берцинлъи бокьун буго дий.
Гьанже заман индал абизе к1ола .
Мун хисулеб къуват батулеб гьеч1о!

Регун макьу гьечIо дур лъималазе ,
Кьурда речIчIулеб бакъ мун къокъун индал.               
Рахъун къоял гьечIо гьал дур ясазе.
Гьалмагълъи щулияй мун камун ккедал.


Рецензии