Нижер директор Газалиев
Къо ккараб бакIалда бахъун рухI кьолев.
Ихдалил гьогьомаб цIияб гьаваялъ,
ЦIцIадал рананиги къалъиларо къо.
Рижиги берцинав хвелги пашманав,
Мун директорзабалъ т1аса вищарав.
Дир Гьандихъ росдаде зигара буго,
Жакъа нилъ т1убанго мискинлъун руго.
Нилъер миллаталъул г1олеб г1елалда,
ГIумрудул нух берцин бихьизабурав.
РахIмо гурхIелалъул хIисаб цIикIкIарав,
Г1асрудал т1ехьалъул т1оцебесеб мухъ.
Дуниял къалъараб къо бец!лъаниги
Къот!иларо канлъи муг1рул васасул,
Эбел Ват!аналъул талих!алъул хат!
Тарихалда хъварав мун Гъазалиев!
Свидетельство о публикации №124020301899