***

Кагътал ритIизеги данде хъвазеги,    
РукIарал гурони ругел дагь руго.
Гьудул-гьалмагъзаби тIагIунел руго,   
ТIаде ирга щвейги баянаб буго. 
               
Кьурул рачелги къан къварилъараб ракI, 
Къалмиде чучанин чара хварабго.                Анив чи толаро къо лъугIарабго,
Инна лилляхи ва-инна илейхи раджиун

Бищун анищилан ккараб мехалда,
Ана мун валагьун нижги реххун тун.                Берцинал къоялги къаси сардалги,   
СихI къотIун рукIаян тана жахIалго.
               
Дуй къадар щванилан хабар бачIиндал,
РакI бакъван лъугьана  нижни гьеб къоялъ                Квараниса хьулал хьвадун свакана,
КвегIиса анищал гIорхолъа ана.         
               
Х1алиматил гIадло цIцIикIК1удия бук1иналъ
МугIрул цIцIум гIадинан гIун вачIана мун.                Квер ккун Мах1ачица нухдаги вачун,
Мун борхалъиялде вахун вукIана.
               
Мун гIадинал васал хабалъ лъуниги,
Хинлъи къотIиларо къватIиб бачIунеб.
Дур гIадинал берал гIазаб кьолелъул,
Гьимун релъун жалго толел ратила. 
               
Хвалица арав  мун ракьулъги тIупун,
Асият  хутIана хадуй  балагьун.                Рокьиги ,талихIги, чIухIиги ,рецги,
Цадахъго букъана цохIого къоялъ.
 
Регун макьу гьечIо дур лъималазе ,
Кьурда речIчIулеб бакъ мун къокъун индал.               
Рахъун къоял гьечIо гьал дур вацазе.
Гьалмагълъи щулияв мун камун ккедал.


Рецензии