сапар Динара Залумханова

Дир сапаразул ахир хиялазул гъансито ,
Росу раг1алда буго ахир дун юссунеб рукъ.
Гьенив сапаралъ унес сордо нухда баларо,
Г1ага божарал рахъун хулжиниб чед лъоларо!

Гьенир басриял занал ракьалде т1ерхьун руго,
Бет1ергьаби лъаларел хобал г1емерал руго!
Черхалда борцун кьураб жинди-жиндир роцада ,
Жах1да х1усур гьеч1ого кьижун буго махлукъат!

Г1умродул нухги къокълъун дунги щвела раг1алде,
Дийги кьабг1ила ц1ц1омор ц1араб заман щванилан.
Дицаги тела гьаниб хьулазул ц1ураб гъамас,
Дирги хут1ила гьаниб анищазул бак1аб гьир!


Рецензии