Алиева с днем рождения!
Ц1ар дур балагьулей йик1унаан дун,
Ясалазулъ парчахI мун нижер ч1ух1и.
Кий йигей Пат1имат Г1алиевазул?
Законги г1адлоги инсулги ц1ик1к1ун,
Муг1рул г1анса г1адин г1ун яч1ана мун,
Квер ккун Х1уризадалъ нухдаги ячун,
Мун борхалъиялде яхинаюна.
ЛъагIелал сверана сагIтал тирана.
Тола заманаялъ жиндирго лъалкIал.
ХIалтIи хиралъичIо, чIухIи багъичIо,
Дуца гьеб хасият хисизе течIо.
Кьибилалъул г1адин росдалго т1алаб,
Т1убанго т1ад квер лъун дуца гьабула
Гьанхъадерил берталъ руккалабазулъ,
Дуде нух бахъизе кинго щоларо!
Хабар бокьараца бокьухъин бице,
Т1оцебесеб август бихьула жакъа.
Мун дир инсул яцг1ал,дирго цинаг1ал,
Баркула хирияй мун гьаюраб къо.
Свидетельство о публикации №123120706476