Ратуларо ясал дулъе рахунел

Раг1и калам кьуч1ай кьер куц берцинай,
Кьун йиго дай бичас цоги мун г1адай.
Г1адло низамалъе г1умро бичарай,
Ятила дай шаг1ир дуда релъарай.

Г1акъло лъай ц1ц1ик1к1арай ц1ар босарай мун,
Г1умроялъ г1еларищ нижей мисаллъун.
Ях1 намус бергьиналъ багьа т1ок1лъарай,
Дур борхалъиялде чи вахинаро.

Мун кьолбол мугъ ч1валеб щулияб хъала,
Кинаб къо щваниги къвак1и чучич1ей.
Мун маг1арул шаг1ир ва раг1ул устар,
Г1елмуялъул ралъдалъ лъедолеб гама.

Биун месед т1еги  дур Гьандихъ росулъ,
Дунялго бахилай мун жаний г1урай.
Шамиль районалде г1арцул ц1ад баги,
Дуца х1ет1е ч1ч1араб жиб-жиб сверуде.

             
              Слова:  Заремы Магомедовой


Рецензии