Время не вернуть

Жакъа шагьаралда къваридаб къот1ноб,
Цо дида релъарай г1адан йихьана.
Борхун ккураб бет1ер къвалакье сумка,
Къамарт1го рет1араб черхалда рет1ел.

Къиматал каблукал нуж кире ккарал,
Кетабазул гуреб шат бихьуларин.
Карпит гордабазул сиги дихъе кьун,
Ч1ух1арал костюмал нуж лъил къавут1а?

Гъут1биги т1егьана т1егьги бижана,
Т1ок1алъ бук1унарищ цебе араб мех?
Г1исинккун беразул зигара буго,
Берцинцилъи къосунеб къо бач1ун бугин!


Рецензии