Первая любовь

Дида гьаб жакъаги рак1алда буго,
Т1оцебесеб рокьи рукьбалъ гъураб ц1а.
Рокъор чи кьижараб кват1араб г1ужалъ,
Сардилъ дица духъе кагъат хъвараб мех.

Дур хъах1аб гьумерги г1урччин бералги,
Г1адан чи вихьидал г1одор руссунел.
Г1исин ккун росулел х1ат1ил росиялъ,
Сири бан черхалда дун вук1араб куц.

Берцинлъиялъ гуро духъ рокьи ккараб,
Бокьулеб цо г1амал буго дур чорхолъ.
Чалухлъиялъ гуро балай бергьараб,
Балагьун мун ч1ч1едал ч1ч1ун ана дир рак1.

Лъийго бокьи кьеч1еб чух1араб гьаракь ,
Ккуниги квегъинч1ел каранлъ пикраби..
Маул х1аяталъул х1орихъ чвердолеб,
Х1анч1ида релъуна рокьи ккарай яс.

Чвахе абе сонал ине биччай мехх,
Рек1елъ рукъ кколаро мун тун бат1иялъ.
Дуца рарал сонал сонал гуро дий,
Рокьи бат1иялъе бикьизе гьеч1о…


Рецензии