Эбел, дир г1умрудул кунч1араб чирахъ

Эбел, дир г1уирудул кунч1араб чирахъ
Чан сон ананиги кунч1и сунареб,
Эбел дир г1умрудул Цо бугеб талих1
Ц1ва кинигин зодий дие кунч1улей.

Эбел Цо мун дие Алжаналъул х1инч1
Х1улиялъ дий дунял роц1ц1инабулей ,
Эбел, Цо мун дие гьадаб бакъул ч1ор
Ч1аголъи кидаго рек1ее кьолей.

Сапар бухьунелъул дуда бер ч1вани
Унго рит1ула дий т1олалго нухал
Аск1ове вач1индал мун Цо гьимани
К1очон тола дида т1олго ургъелал

Эбел, дуе дица къулула бет1ер
Цох1ого Цо мун дир йигилан абун
Эбел, дуе дица кьола Баркала
Гьаб дир г1умруялда мун йик1иналъухъ


Рецензии