дина

Къаси зобалазде гвангъулел ц1ц1ваби,
гвангъи ссун бихьула сордо иналде
Сардида раккулел ракьалъул ц1аял,
Ц1а хьадарлъун буго хьаг гьалилалде.

ц1ц1оралде боржунеб жан бугеб къункъра,
къудкузулъ бихьидал къварилъула дун.
Къуватаб муг1рул чан чундуцаги тун,
чахъабалъ батидал бортула маг1у..

Боржине бижараб хъурщулеб мехалъ ,
хъухъадиро хъвала ургьимесалда.
Хъурщизе бижараб боржуне мехалъ,
Бежизе рек1уна рек1ел сверухълъи!


Рецензии