***

1 КУПЛЕТ:
Камун дие бугеб
Канаб шагьримоц!
Кинасул рокъойдай
Канлъилъун йигей?
Дир хьолбохъ бук!араб
Хинаб гъансито
Тана дуца живго
Ц!орон ц!ер къазе

2 КУПЛЕТ:
Кьог!лъана дуниял
Мун аралдаса
Гьал г!умрудул къоял
Къалъич!о т!ок!алъ.
Дару гьеч!еб унти
Рек!елъ рещт!ана
Къвал бан къварилъияль
Асир гьавуна

3 КУПЛЕТ:
Чвахулеб г!ор г!адин
Заман аниги
Кинго г!орцулареб
Гьаб г!ищкъу кинаб?
Бук!араб доб рокьул
Ихги лъуг!анин
Ахирго лъалареб
Каранзул бух!и!

ПРИПЕВ: 2 раза
Гьудулгун къадар хъвач!еб
Къисматалда щибилеб?
Кинго боде рак! щвеч!еб
Щунгъар г!адин хут!анин.


Рецензии