***

Инсанасул г;умру - лъабг;аркьелаб гъвет;,
Лъабабго бут;адулъ бат;алъи бугеб.
Бут;абазулъ бугеб лъабгоялъулги,
Лъабабилеб цо-цо цадахъ камураб.

Т;оцебесеб бут;а буго лъимерлъи,
Лъаралъе жубалеб иццул лъим г;адаб.
Лъарлъун г;едег;улеб г;урулъе щвезе,
Г;анч;лъиги ч;ух;араб, ч;ахъен камураб.

К;иабилеб бут;а - бах;араб г;умру,
Бекерун, г;едег;ун г;орлъун чвахулеб.
Г;арацги къуватги къойил цадахъаб,
Къоял зунун унеб, заман г;олареб.

Лъабабилеб бут;а - г;умрудул херлъи,
Г;орлъун ралъдалъ жубан, жаниб лъалхъараб.
Жиндилъ заманаги ч;ахъенги г;ураб,
Ч;аголъи черхалъул чурхъун лъуг;араб.


Рецензии