***

Жакъа дица дуе рицунел гьеч1о,
Гьуинал раг1аби г1агарай гьудул,
Доб бук1араб рокьул кьибил щущайдал,
Щвезе тела ц1иял рац1адал къоял.

Къанабакьи лъела дол лъаг1алаби
Лъаларел ран тела рахсида к1улал,
К1иго кваркьи бижун боржине щвараб,
Щобазде биччала бач1унеб заман.

Званкан бахъун бихун хут1араб г1умру,
Г1агарлъараб ихдал ццилъулеб лъала,
Лъарал лъеца чурун баццад гьабулеб,
Батила гамач1лъун лъугьине дир рак1.


Рецензии