***

Вай хирияб дир Ват1ан,
Хирияб дир Дагъистан,
Дуе ккараб бице щиб,
Щай пакъирлъун бугеб мун?

Муг1рул рорхатаб улка,
Кида нух дур къосараб,
Къвалакье ц1огьорзаби
Ц1унулеб г1амал ккараб?

К1к1алал т1инда рук1арал,
Турун хваял г1ангурал,
Ругел щай щобил т1огьалъ
Т1алъи ц1унун ц1умаллъун?

Лъараг1лъи сайгъат гьабун,
Сахал муг1рул ричун тун,
Таваккал кисан дуе
Дир г1агараб Дагъистан?

Дир пашманаб рек1еца,
Радал-къаси гьарула,
Къоял т1аде щвагиян
Щобилъ Ц1умал ц1ик1араб!


Рецензии