Ц ияб г асрудул унти
Ц;ияб г;асругун жиб унтилъун щвараб,
Инсанасул г;умру, г;амал-хасият
Хисизе гьабуна гьаб интернеталъ.
Гьал компьютераца китабал хисун,
Киналго руссана сайтазде гьанже.
Росдал годек;абаз гуккулел ратун,
Группаби г;уц;ана г;ишкъу-шавкъалда.
Соц. гьиназда жанир гьурмалги рагьун,
Гьабула гьоркьоблъи гьанже цоцазулъ.Гьудуллъи, гьоболлъи, гьаб-доб кинабго,
Кепалда т;убала т;аса-масаго.
Т;аделъун ч;инк;ула, ч;алг;ун толаро,
Ч;андащиналъулгун шадлихъ гьабула.
Щвараб лазаталъул бут;а кибего,
Бит;ула кодосан килищги тункун.
Кини таралдаса тарбиягин лъай,
Телефоназ буго кьолеб г;елалъе.
Кьоч;олаб малъа-хъвай умумузги тун,
Интернеталъ руго куцалел лъимал.
Лъаларо, кире нилъ рачинелали,
Рахьдал мац; к;очараб к;арччанаб г;елалъ.
К;веларо нилъеда хисизабизе,
Хасият г;елалъул г;асругун щвараб.
Г;инда телефон ч;ван тира-сверулеб,
Тамашалъи щвараб заманаялъул.
Зирун гьиназулъе ч;ехьарал рак;ал
Ч;орого ратула рихьараб мехалъ.
Огь, гурх;ула дир рак; дол умумузда,
Интернет щвеч;ого щапизе ккарал.
Щваралдай г;умрудул талих;алде дол,
Гьал телефоназул лазат бихьич;ел?
2021 с.
Свидетельство о публикации №121030201056