Коронавирус

Ролъул мугьалдаса миллион нухалъ
Мигьаб, жиб х;акъираб х;урул бут;аялъ,
Х;инкъи ккезе гьабун т;олабго дунял,
Т;убан рах;атхвараб реччалъе ккана.

Россия, Англия, Америка, Китай
Квешаб ургъалилъе ккезе гьабураб,
Короновирусалъ т;атинабуна
Т;олго г;аламалъул г;ажизлъи рагьун.

Дунялалъул къуват, къиралазул гуч
Къват;ибч;вазабуна гьаб вакъиг;аталъ.
Варх;алъи бергьараб балагьаб вирус,
Багьанаде т;аде т;амун Аллагьас.

Т;олго г;аламалъе г;ибратлъун ккараб,
Г;азаб-балагьалъ халкъ хисизабуна.
Халкъалъул заг;иплъи загьирлъизеги,
Цох;о зарраялъул залимлъи г;уна.

Зоб-ракьалъул кверщел кодосев Бичас,
Коронавирус-ан багьана т;амун,
Балагьгин хвасарлъи халкъалъе кьолев.
Халикъ цо жив вук;ин бихьизабуна.

Бечедав, мискинав, миллат бат;ияв.
Бат;а гьарулареб гьаб пандемиялъ,
Палгъазе гьарурал падишагьазул
Пиг;луги къадаралъ къезе гьабуна.

Къисмат-къадаралъул къануналъулаб,
Къарарлъун бач;араб балагьаб унти,
Батаги халкъалъул хвасарлъиялъе,
Халикъас баркатлъун бит;ун щвараблъун!


Рецензии