Дир насих ат
Цадахъ босуларелъ гуккизе ч;оге!
Гудур чорхой гъолеб херлъи бач;индал,
Хилиплъулин черхги чанги жоялъе.
Чамг;алго биччараб г;олохъанлъуда,
Г;ададаго араб заманаялъухъ
Зигардулин угьдун ургьиб гьинал рак;,
Унтулин каранзулъ ккарал гъалат;ал.
Кидагосеб гуреб дуниялалъухъ,
Даимлъи хисулел хиялал лъоге!
Хиялазул ханлъи хараблъарабго,
Харадуни кант;и кват;ун батулин.
Кумекги т;алабги т;илиде ккараб,
Т;атарал г;узрабаз г;одов хут;араб,
Г;умру т;асагъоркье балагьарабго,
Бух;улин рак;алда рик;к;ада тараб.
Къоялги рик;к;ун кьун рикъзиги бикьун,
Ругин нилъ ракьалде рит;ун Аллагьас,
Гьалбал дуниялалъ гьалаг гьарулин,
Гьабе хехго тавбу, тохлъизе гурин!
Свидетельство о публикации №121030201035