Цолъе маг арулал!

Цолъе маг;арулал муг;рузул ц;умал,
Ц;уне миллаталъул гьудуллъи, вацлъи !
Гьалмагълъи щулияб гьабе цоцазулъ,
Гьелъ гуреб щоларин щивасе талих; !

Киг;ан т;ереналги гулилъ рухьарал,
Хьопал к;ирекизе к;оларин цадахъ,
Цолъе цо квералда килщал кинигин,
Ккани данде къазе къвак;араб зарлъун !

Къедлъун цадахъ гъункун цолъе аварал,
Цолъиялъулъ бугин къуват халкъалъул,
Къацандиялъ нилъей хайир кьоларин,
Хурхен щула гьабе шавкат ц;ик;к;ине !

Умумузул мац;ги ц;арги тарихги
Тарич;ого ц;уни-гьеб нилъер налъи.
Гъунке маг;арулал, нужер цолъиялъ,
Цементалъ къед г;адин кколин Дагъистан !

                2021 с.


Рецензии