***

Бакъ щоларел щобал, щинк1улеб заман,
Зоб-ракь гвангъулареб, гургинаб шагьри,
Гьуинлъи раг1ич1еб, роолаб гьури,
Гьурмаде пуниги паркъи гьеч1о дий.

Дуниял кверщакье, кверал хьолбокье,
Кьолозейиш вугев, ват1ан сверизе,
Свакараб къаркъала къоял рик1к1ине,
Рик1к1аде бит1илиш т1огьал сверизе.

Саваб дий батиля борхатаб мег1ер,
Г1урдада ч1унтарал т1огьол байдабалъ,
Лъаразул зурмида зодихъ балагьун,
Биччараб х1ухьелалъ х1алхьи батулеб.


Рецензии