Къо-мех лъик къоабилеб сон!
Къарнуялда лъач;еб лъугьа-бахъин тун.
Лъукъун ругънал, г;ужал г;умруялда лъун,
Г;асрудулъе пулкъун, пашманаб лъалк; тун.
Лъуг;ана кеп хвараб кабасияб сон,
Кант;изе халкъалъе хабал г;емер тун.
Халкъалъул г;адлугин г;амал-хасият
Хиса-сверизабун, хараблъизабун.
Хадур г;одиларо, г;айиб гьабуге,
Г;ураб зиян гьабун зут;ун анин мун.
Зарал дуца тараб теларо к;очон,
Тарихалъ бицина, балъго теларо.
Цоги лъаг;алица г;умру къокъ гьабун,
Г;едег;ун мун ун-ан ургъел ккеларо.
Амма гьари буго гьаб дурго балагь
Бачине к;очонге к;ванаг;ан цадахъ!
2020 с.
Свидетельство о публикации №120122608071