Гьаб гурищ доб ахирзаман?

Дунял биххизе мех щун бук;иналъе
Шубгьат хут;ун гьеч;о, хал гьабурабго.
Халкъалъул биххараб гьаб низамалъул
Наслъиялъ гьабула гьелъие нуг;лъи.

Г;адамал бечедаб, чилъи учузаб,
Чамг;аллъи г;емераб, г;аданлъи дагьаб.
Г;узрабаз заталде зулмат рехараб,
Зулмуяб замана буго загьирлъун.

Бокьанщинаб щвараб, шукру к;очараб,
Шагьваталъ квегъулеб, кант;и дагьлъараб.
Кинабго гьарзаяб, гьеч;олъи г;ураб,
Гьаб заманаялъул лъуг;ун бугеб ях;.

Лъик;лъи квешлъиялъул кверщаликь бугеб,
Квер кьурасе рек;к;аб, рит;ухълъи хвараб.
Риди т;адехун ккун, т;орахь гъоркье ккун,
Т;олго г;умру буго г;аксахун буссун.

Рек;ел х;алхьи хвараб, х;асрат т;аг;араб,
Х;ая къосарасул къимат ц;ик;к;араб.
Къоринире ккарал цурдузул г;адаб,
Цоцазде рег;ич;еб "рах;атго" кинаб?

Рах;му-ц;обалъ тараб, тартиб биххараб,
Талих; гьеч;олъуде х;аятго ккараб.
Х;алицаго ругин кколеб раччулел,
Ракьалъ х;ехьон ругел х;алихьалъаби.

Бикъа-хъамуларев хъулхъида гьеч;еб,
Хъант;арасе гуреб т;алъи щолареб.
Т;атун х;алихьатал ишал гьарулеб,
Инжитаб заманалъ буго ч;валеб зат.

Зах;мат т;аса рехун т;аг;амал щвараб,
Т;алаб рехун тараб, тасамах;лъараб.
Тарбияги лъайги лъороса босун,
Лъалъан т;егьан буго т;олабго улка.

Гьанже хурзал рекьи, харибак; беци
Херлъараб г;адат-ан буго г;одоб тун.
Г;адада г;акъуба бихьи щайилан
Бищун мискинасги буго хьваг;ун мал.

Гьабищ доб нилъеда г;емер раг;араб,
Г;умрудулгин макьил маг;на цогояб.
Маргьаги Улъараб, унти г;емераб,
Умумуз абулеб доб ахирзаман?

_2020 сон

САГ;ИД ОРДАШОВ


Рецензии