Бицунге шамилил шажаг аталъул...
Ч;андачаг;аз буго ч;алг;инабулеб.
Ч;аго хут;и гьесул хат;а бук;анин
Хабараца буго балеб цоцалъ халкъ.
Хочол ругъун щвеч;ел, рагъго бихьич;ел,
Ракъи-къеч, къварилъи, къобух;и лъач;ел
Къват;ул бах;рабаца буго бицунеб
Бах;арчилъиялъул, чилъи-ях;алъул.
Чода кьили лъеч;ел, кьалде рахъинч;ел,
Кьурул сиртал ц;унун сардал рорч;ич;ел,
Сардил макьуялъухъ миллат бичулел,
Мунапикъаз буго къадру какулеб.
Ах;ул гох; бихьич;ел, Гъунире щвеч;ел,
Гъадит;анч;аз вуго Гъалбац; какулев.
Гъазаваталъулаб гъийин бихьич;ел,
Гъарзикъаца буго гъавгъа гьабулеб.
Гъут;бузде данделъун гъвел-гъведунилан,
Гъудуз Гъапланида гъая лъеларо.
Гъалгъадун гьабулеб гьезул гъаплаталъ,
Гъалбац;ил къадруяб къимат хвеларо.
Килщида заз къани зигардулезул,
Зур-зуралъ зодоса ц;ва бортиларо.
Ц;улада бакараб ц;адул к;к;уялъул
Ц;вайил кунч;иялъе квал-квал ккеларо.
Ракьул ц;инабазда ц;инкрал ц;унарал
Ц;унц;рабаз кьоларо ц;умие къимат.
Т;ад гьава гьабулеб гведлаченалда
Гарц;ил ц;ир-ц;идиялъ ц;ар къот;иларо.
Ханжар-рачел борчун чухъа рет;ич;ел,
Чалма къан чуялгун чабхъаде инч;ел,
Чадихъ ях; бичулел чудказ бицунге,
Чармил рак; бук;арав бах;арчиясул!
Умумузул къадру, къанун к;очарал,
К;ат;ах;азул гуреб к;вар гьабуларел,
К;иго шагьидулцин багьа гьеч;еца,
Бицунге Шамилил шажаг;аталъул!
Декабрь, 2020 сон
САИД ОРДАШОВ
Свидетельство о публикации №120120704142