Дир лъимерлъиялъул макьу

Дида мех-мехалда макьилъ бихьула
Маг;арухъ лъимерлъи араб дир росу.
Умумузул михрал гирулел т;охал,
Т;алат;абазухъан бурулел к;к;уял.

Дун гьавураб, г;ураб г;адатаб мина,
Г;одоб ч;абар лъураб ч;едераб рагъи.
Ч;алукь ч;варал х;убал, х;ет бараб рихьи,
Х;ат;ракьалъ къач;арал къадазул рукъзал.

Къанал г;одор ккурал къваридал къват;ал,
Къадал гьарун ч;варал ракул мач;аби.
Росдахъ балагьараб нак;к;ил рохьосан
Ниг;матлъун бач;унеб бац;ц;адаб гьава.

Бакъанилъ хараби, хадур г;исинал
Харбие руссунеб росдал годек;ан.
Руччабаз къойилго къвалда г;ерт;ал ран,
Къулг;адул ц;орораб ц;олеб иццул лъим.

Ц;вах;ди жаниб барал къебелъабахъан
Къват;ибе раг;унеб, рик;к;аде г;унт;ун,
Рек;к;улел г;ерт;азда г;ужилго щолел
Г;ажаибал кверахъ курт;бузул к;ват;и.

Кват;араб сардилъцин сунарел ц;аял,
Сог;ал перелабаз пулеб ц;адул сас.
Къецал ран къойилго къубдузул гьец;къаз
Къебелъул лабчазда рачунел бакънал.

Росдал лъималазгун лъарахъ гьабураб
Х;оринивги чордун чвахукь хулулеб,
Чияр хурзабахъа гьудулзабигун
Гьалил лъоралги ц;ун лъутулеб заман...

                * * *

Лъимерлъи дир араб, умумуз тараб,
Урхъун дун рещт;индал ратула гьанже,
Рехун саназ тарал, сих;къот;ун ч;арал,
Сверун ч;ар бижарал ч;унтарал рукъзал.

Ч;алг;ен буссунареб росдал сверуда
Рихьуларо къват;ахъ дол къапилаби.
Къот;ун руго сасал, сун руго ц;аял,
Свери- къоноялда къанщун буго нур.

Раг;унаро гьанже гьец;къазул гьаркьал,
Гьеч;о дол г;адамал, г;унун буго мегъ.
Г;иц;го рохь бихьула буссун росдаде,
Бесдаллъимер г;адин лъарал раг;алда...

Ноябрь, 2020 сон
Саид Ордашов


Рецензии