Щай бах арзал холел гьадиг ан хехго

Щай бах;арзал холел гьадиг;ан хехго,
Хадур нилъер рак;ал угьдизе гьарун?
Унел щай г;едег;ун г;олохъанго гьел,
Г;ишкъудулаб г;ужда г;урдал рукъуре?

Холел щай бах;арзал ракьалда хехго,
Рокьуе хилиплъун, халкъ бесдал гьабун,
Хисулел гьез рух;ал ракьул гох;азухъ,
Рит;ухълъи рихарал рохизе гьарун?

Щай бах;арзаз дунял толеб цудунго,
Талих; цадахъ босун, бицен нахъе тун?
Берал щай къанщулел къунщби ч;ег;ерго,
Къаникье щапулел щобилъго бакъгун?

Щай хиянатлъулеб дунял гьезие,
Гьадингоги къокъаб г;умрудул нухда?
Г;едег;улел щай гьел г;ажал босизе,
Г;исинал лъималгун лъудби нахъе тун?

Щай, лъаларо дида гьаб дунялалда,
Бах;арзазул г;умру бук;унеб къокъаб?
Батуларо гьелъий жаваб лъилниги,
Жудей кьурал къоял лъуг;ун-ан гуреб.

Дида ккола хехго хварал бах;арзал,
Хабалъ рукъаниги, къаникь лъуниги,
Халикъасул хасал т;адкъаял т;уран
Т;адруссине гьарун ратилин унел.

Хвел гьеч;ел ц;арал тун, ц;вабзазде сверун,
Ц;иял т;адкъаязе заман т;аде щун,
Зиярат гьабизе занал нилъей тун,
Зодоре ратилин руссунелилан.

Бах;арзал холаро хабалъ лъуниги,
Халкъалъ гьезул ц;арал ц;унула рек;елъ.
Ц;аялъ бух;уларо ях;ги намусги,
Яргъица ч;валаро ч;ух;и халкъалъул.

2020 сон

*САИД ОРДАШОВ*


Рецензии