приставы

Нижер приставалъул къадруял васал,
Къадруял ищаца мащгьур гьарурал.
Мух1амад Джалилов Г1алилов Х1асан,
Зодихъ гьаваялда гвангъарал ц1ваби.

Законги г1адлуги цоцалъ рекъарал,
Къот1иларо кунч1и муг1рул васазул.
Мурадгиму Артур мун Иразихан,
Тарихалда хъвалел дагъистаниял.

Х1алт1и хиралъич1о ч1ух1и багъич1о,
Нужеца хасият хисизе теч1о.
Рук1инел ратани гьел нуж г1адинал ,
Наслаби рахъаги г1олохъабазул.


Рецензии