Кин ц унилеб рахьдал мац?

Рахьдал мац;алъул бицин
Модалъун лъугьун буго
Миллат ц;уни халкъалъул
Харбиде буссун буго.

Хадур г;олел г;елаз гьеб
Г;адахъ босулеб гьеч;о,
Г;одосанго г;исиназ
Г;урус бицунеб буго.

Г;узру гьеб зах;малъарал,
Бищунго жал - ан ч;арал,
Жалго рихьулел руго
Рахьдал мац; хвезабулел.

Рак; унтун ургъел гьабун
Ах;и балезул жанир
Жудерго лъималазда
Лъалеб гьеч;о рахьдал мац;.

Мац;алъул, миллаталъул
Милат т;адал чангияз
Маг;арулаб чар гьабун
Чиярабгун бицуна.

Миллатгун мац; ц;уне - ян
Мац;ц;ал т;огьисан абун
Милат т;аде босизе
Т;алабго гьабуларо.

Мац; ц;унизе кколилан
Ц;аруй г;оло хъвадарун
Ц;алараз бит;араб - ан
Берцинал харбал рицун

Бицада х;ебт;изабун
Х;алт;и т;адал т;епун ч;ун
Т;аса - масахъа х;алт;ул
Х;асилго кколеб гьеч;о.

Х;алай рахъун ах;долел
Шаг;ирзаби нахъе цун,
Шагьабазе къулулез
Къвалал жемизе гьарун.

Къойил жугьаби хъвалел
Жойидги гьарич;ого
Жудер гьодораб х;алт;ул
Х;асил ккелин кколаро!


Рецензии