***

Бечелъиялъ гуро чи берцинлъулев,
Чорхол г;амалалъин г;адан ворхулев.
Г;арцудалъун гуро г;амал борцунеб,
Г;акълу бихьун кьола къимат чиясе.

Къаркъаладухъ гуро къимат гьабулеб,
Къадру ц;униялъин ц;ар борхалъулеб.
Ц;ияб рат;лихъ гуро рецц - бакъ гьабулеб,
Рек;ел х;ал бихьунин бук;унеб х;урмат...


Рецензии